открытый урок по аварскому языку 9 кл "Бит1араб калам"
13.01.2020
МКОУ «Цемерская ООШ»
Чародинского района.
9 классалда авар
мац1алъул рагьараб дарс.
Муг1алим: Г1алиев Мухтар
Мух1амадкамилович.
Дарсил тема: «Бит1араб
каламгун предложениял. Гьенир лъалхъул ишараби»
Дарсил мурадал:
1.
-Чияр калам
бицунел къаг1идабазул г1ат1идго баян кьезе.
- Бит1араб калам предложениялда жаниб
батизе ва лъалхъул ишарабаздалъун гьеб бат1а гьабизе ц1алдохъаби ругьун
гьаризе.
2.
-Пунктуациялъулал
навыкал церет1ей.
- Бит1араб каламгун ругел предложениялгун схемаялда
рекъон х1алт1изе бажари щула гьаби.
3. –
Хъвавулаб культура куцай.
- Ц1алдохъабазулъ
гьудуллъи, гъунки куцазе.
- Рахьдал мац1алдехун
рокьи ц1ик1к1инабизе.
Дарсие х1ажатаб алат: компьютер, презентация «Чияр
калам бицунел къаг1идаби»,
ц1алдохъабазухъе бикьизе материал.
Дарсил ин.
1.
Класс г1уц1и.
Ассаламу г1алайкум х1урматиял
ц1алдохъаби. Гьалбал къабул гьарилищ нужеца?
Нужее жакъа авар мац1алъул дарс кьезе буго дица, ц1арги дида буго Мухтар
Мух1амадкамилович.
Гьаб салам кьеялъул хиралъи, гьалъ
гьабулеб асаралъул бицун х1алго к1веларо нилъехъа. Г1арабалъ гьалъул маг1на
ккола «рекъел», «мир» абураб. Риччанте саламалъ рохизаризе наилъ киназулго
рак1ал.
Гьаб нилъер жакъасеб лъай-хъвай щула
гьабизе бук1ине рач1аха нилъ цо нилъерго ракьцояв, Дагъистаналъул халкъияв
артист, Абакар Джамалудиновас ах1улеб коч1охъ г1енеккизин.Нужеца гьаб коч1ол
раг1абазул маг1наялъул хал гьабе. (комп-н кеч1 биччала 3мин)
Жакъа нилъер къо буго, къалъул завалги буго.
Къобакъинег1ан ах1ун, ч1алг1унареб
кеч1буго.
Ч1аго нилъер мац1 буго, бац1ц1адго
намус буго,
Росу к1очонарезе к1удияб сахлъи
буго.
Рахъ-рахъалде г1ат1идго к1алт1аби
рагьун руго,
К1уди-к1удиял ишал нилъехъ ралагьун
руго.
Рогьалида дандеги даим инел нилъ
руго,
Аваданлъи, гьайбатлъи гьарзаго цебе
буго
Гьаб
коч1олъ рехсолеб нилъер г1агараб рахьдал мац1 ч1аго бук1иналъеги
бац1ц1адго намус ц1униялъеги къуватги, жанги,
жигарги, таваккаллъиги кьейгиха, лъимал, к1удиязеги г1исиназеги.
Гьел
г1ат1идго рагьарал к1алт1аби рахъинги, к1уди-к1удиял ишал гьариги нилъер
к1удияб мурад буго. Гьел мурадазде нилъ рахъина гьаб жакъа дарсида лъезе ругел
мурадаздеги рахъани.
(Доскаялда хъван бук1ина тема, цинги
ц1алдохъабазгун цадахъ дарсил мурад къарар гьабила)
Жакъасеб дарсил мурад буго лица бугониги абураб ялъуни хъвараб калам
бицунел къаг1идаби лъазаризе. Нужеда гьеб цебеккунги дагьабго малъун бугелъул,
дида ккола нилъее зах1мат бук1инарин абун.
2.
Цебехун малъараб такрар гьаби.
Гьабсаг1ат рач1аха, лъимал, аслияб
темаялъулгун лъай-хъвай гьабилелде нилъеца цебехун малъараб такрар гьабизин.
1.
Гьаб тесталъул суалазе жавабал рате.
1,1; 2,4;
3,3; 4,3; 5,3;
6,3; 7,2; 8,1;
9,4; 10-2,3.
1. Т1анк1азул
бак1алда у х1арп лъезе кколеб раг1и бате:
1)
шиг1р.. 2) х1елек.. 3) махсар.. 4) гьаб..гьан.
2. Гьаб
предложениялда кинаб лъалхъул ишара лъезе кколеб?
Жакъа г1анк1у бикъарас метер оцги бикъула.
1) запятая;
2) кIитIанкI;
3) тире. 4) лъалхъул ишара лъезе
кколаро.
3. Междометие
предложениялъул членлъун кида бук1унеб?
1)
киданиги бук1унаро;
2)
предложениялъул ахиралда бугони;
3)
предметияб ц1аралъул бак1алда х1алт1изабун бугони;
4)
предложениялъул авалалда бугони.
4.Кинаб раг1ул маг1на бит1ун баян гьабун бугеб?
1) г1ангис-г1алхул жанавар;
2) итарк1о-гьит1инаб хъарчигъа;
3)
жайран-лъаг1ел бараб чахъу; 4)
г1орк1к1ен- гьаракь берцинаб х1инч1.
5. Ургъунго абураб наречие
кинаб разрядалъул кколеб?
1) ишалъул куцалъул;
2) заманалъул;
3) г1илла-мурадалъул;
4) къадаралъул.
6. Кинаб раг1иялда гьоркьоб биччан бугеб ударение т1аде кколеб х1арп?
1)
м..лъиршо; 2) хъ..хъадиро; 3) хъвад…рухъан; 4) б..гогьан.
7. Орфоэпия ккола:
1) каламалъул гьаркьилаб рахъалъул бицунеб г1елму;
2) литературияб мац1алда бит1араб къаг1идаялъ к1алъазе
ч1езабураб дурусаб
роцен-низам;
3) раг1ул слогазул цояб цогидаздаса ц1ик1к1ун гьаракь
борхизабун аби;
4) грамматикаялъул хаслъаби лъазарулеб г1елму.
8. Подлежащеелъун т1аджубараб предложение бате:
1) Жакъа г1анк1у бикъарас метер оцги бикъула;
2) Херав к1улал кьезе разилъулев вук1инч1о;
3) Дуда лъалищ дир эмен помещикасул гьабихъ ич1го соналъ х1алт1араблъи;
4)
Эменлъи гьабурасе васлъи гьабе.
9. Иш
лъугьиналъул х1асил бич1ч1изабулеб жубараб сок1к1араб
предложение бихьизабе:
1)
Роц1ана зоб, ц1илъана т1угьдул, т1аде щвана
милъирщаби;
2)
Араб къо буссунаро, къокъав чи халалъуларо;
3)
К1удияв чияс гордо рагьана – гордул ц1ер
бортун ана;
4)
Расги
барахщич1ого, г1одобе т1олеб бук1ана бакъуца жиндирго баг1ари – х1ат1азда
гъоркь гъурулел рук1ана харил сумал.
10. Къарал слогал рате:
1)
гьа; 2) бер; 3) хан; 4) оц.
2.
Диалог такрар
гьаби.
-Сунда абулеб диалогилан? ( К1иго,
я ц1ик1к1ун чиясда гьоркьоб кколеб гара-ч1вариялда)
- Сунда абулеб реплика? (
Диалогалъулъ г1ахьаллъулезул щибас абулел предложениязда )
Кина- кинал къаг1идабаз хъвалеб диалог?
(Ц1алдохъаби
жалго т1амила диалог г1уц1изе ва гара-ч1вари гьабизе)
3.
Ц1ияб дарс малъи.
Халгьабеха,
лъимал, гьеле гьеб диалогалъулъ г1ахьаллъи гьабулезул калам нилъее кинаб каламлъун
ккараб? (чияр каламлъун).
Гьеле гьеб чияр
калам бицунел къаг1идабазул бицине буго жакъа дарсида ва лъазе буго нилъеда
гьеб чияр калам хъвазе колел къаг1идабиги.
Слайд 1, 2,
3,4,5,6,7,8
1 слайд Чияр калам бицунел
къаг1идаби
2 слайд
Лъица бугониги
абураб ялъуни хъвараб
калам нилъее
ккола чияр каламлъун.
Гьединаб калам нилъецаги цогидазда
бицине бат1и-бат1иял къаг1идаби руго:
3 слайд 1)Чияца сундул х1акъалъулъ бицарабали рехсон
тезе бегьула.
Масала: Докладчияс бицана ц1ияб ц1алул соналде х1адурлъиялъул х1акъалъулъ.
4 слайд
2) Гьоркьор кколел раг1абазул ва предложениязул кумекалдалъун чияр
каламалъул г1аммаб маг1на баян гьабун тезеги бегьула.
Масала: Докладчияс бицанихъе,дирекциялъ ц1ияб ц1алул соналде лъик1аб
х1адурлъи гьабулеб буго.
5 слайд 3)
Чияр калам бицун бук1ине бегьула:
а) Щибго жо хисизабич1ого, нилъеда раг1араб, ялъуни нилъеца ц1алараб куцалда.
Гьебмехалда гьеб ккола бит1араб калам,гьенир ругел цогидал раг1абазда абула авторасул
раг1абиян.
6 слайд.
Масала: «Росулъ г1урав чиясе бигьаго бук1унаро шагьаралда г1умру
гьабизе»,- ян абуна вехьасул васас. Гьаниб кавычкабазда жанибе бачараб
бут1а ккола бит1араб калам,хут1араб ккола авторасул раг1аби
7 слайд
б) Чияр калам жиндирго раг1абаздалъун хисизабун бук1инеги бегьула.
Гьебмехалда гьеб ккола хъвалсараб калам.
8 слайд. Масала:Вехьасул васас абуна, росулъ г1урав чиясе
шагьаралда бет1ербахъи гьабизе бигьаго бук1унарилан.
9 слайд. Щибго
хисизабич1ого, формаги ц1унун,нилъеда раг1ухъе бицунеб лъилниги каламалда бит1араб калам абула.
10 слайд. Гьал предложениязулъ бихьизе гьабе чияр калам
кьун бугеб куц:
1.«Вилълъа, Муса, Мурад к1алъазе ах1е»,- ян абуна
инсуца.
2. Мурад к1алъазе ах1изе вилълъайилан абуна инсуца
Мурадида.
3.
Умумуз
бицухъе, Хочбар кутакалда бах1арчияв чи вук1ун вуго.
4.
Директорас
бицана олимпиадалда ц1алдохъабазул х1асилазул х1акъалъулъ.
11слайд. Бит1араб каламалъулъ рук1ине бегьула цо ялъуни
ц1ик1к1ун предложениял. Бит1араб каламгун бугеб предложениялъулъ авторасул
раг1абиги бит1араб каламги цолъизарун рук1уна интонациялъул кумекалдалъун
12 слайд.
Хъвавулъ бит1араб калам бихьизабулел къаг1идаби
1)
А : « Б ». 4) « Б », - а
2) А : «
Б! » 5) « Б
!» - а
3)
А : « Б? » 6) « Б ?» - а
7) « Б, - а, - б.»
8) « Б, - а. - Б.»
9) « Б? – а. – Б.»
10)
« Б! – а. – Б.»
13 слайд
1. Асмаца абуна:
«Мун вагъаруге, Салих1, чай дица
кьела».
А: «Б».
2. Нуц1ихъанги ваккун, Мух1умаца ах1ана: «Бугелда рак1 рази
гьабеха,гьалмагъзаби, нужеца!»
А: «Б!»
3. Велъулаго Г1алица дида гьикъана: «Мун вохаравищ васас ЕГЭ кьеялдаса?» А: «Б?»
14 слайд
4. «Гьеб раг1и дица къабул гьабуна»,- ян абуна
Гунашилас.
«Б»,-а.
5. «Воре, хвалчен лъалиниб лъоге!»-ян
хъвалеб бук1ана имамас. «Б!» – а.
6. «Дуе щиб лъугьараб,гьудул?»- ан гьикъана Мух1аммадица.
«Б?»- а.
15 слайд
7. «Гьанже дуца,
Х1ажи,-ян абуна ас,- лъалеб жо бицине ккела».
«Б,- а,- б».
8. «Дун сонги щун вук1ана духъе,- ян
абуна Салих1ица.- Мун рокъов ватун вук1инч1о».
«Б,-а.- Б».
16 слайд
9. «Гьабищ дур мина?- ян абуна Х1асаница.-
Лъик1аб бак1алда буго дур гьаб». «Б?- а.-
Б».
10. «Мун ч1а, Исх1акъ!- ан ах1дана Мух1у.- Гьеб дур иш гуро». «Б!-а.- Б».
4. Дарс щула
гьабиялъе х1алт1и.
17 слайд Х1алт1и № 163, 164 ( 4 предложение)
18 слайд
Гьаб
сурат лъил асаралда рекъезабизе бегьулеб?
Нужецаго диалог г1уц1е.( Гъалбац1ги г1анк1ги).
Кинаб
умумазул аби рак1алде щвараб нужеда гьеб баснялъулъ бук1араб?
Кинаб мораль бугеб гьелъул?
Физминутка (раг1абазул
къот1алаби кьела ц1алдохъабазухъе)
5. Дарсил х1асил гьаби. ( ц1алдохъабазул жавабазе къиматал кьела ва
баркалаги загьир гьабун, дарс лъуг1изе тела)
Просмотров всего: , сегодня:
Дата создания: 25.02.2020
Дата обновления: 25.02.2020
Дата публикации: 13.01.2020